Авар мацӀ. Avar dili (2-ci sinif üçün dərslik)

  • 0 0 0
  • Like this paper and download? You can publish your own PDF file online for free in a few minutes! Sign Up
File loading please wait...
Citation preview

ƏHMƏD BOROYEV

S f, t h i e * . - SJU, b

АВАР МАЦ1 A V A R DİLİ (2-ci sinif üçün dərslik)

Azərbaycan Respublikası Təhsil Nazirliyinin 09.08.2007 ci il tarixli 962 № li əmri ilə təsdiq edilmişdir.

lASPOLİQRAF» Azərbaycan S^^Cıbli^a^ Prezidentin in İşlar İdarəsi

PREZİDENT KİTABXANASI

П

Redaktor:

Rəуçı iэr ;

Yəhya Kərimov, professor

Əli Süleymanov, pedaqoji elmlər namizədi - AMİ-nin Şəki filialının müəllimi Kamil Usulayev - Zaqatala rayonu Paşan kənd orta məktəbinin müəllimi

B oroyev Ə.

B 76

оппч ? ! о (П Sİnİf ÜÇÜn dərslik)- Bakı, «Aspoliqraf», ^00 f, 112 səh.

4803040000 053

2007

© Azərbaycan Respublikası Təhsil Nazirliyi, 2007 © «Aspoliqraf», 2007

3

4 5

6 7

8

9

10

11

12

13

14

15

£'*'■ Azərbaycan Respublikası Prezidentinin İşlər İdarəsi

16

PREZİDENT KİTABXANASI

17

18 19

II III

Ее

Кк

X х

Цц

ах

ца, цо, оц 20 21

И и

у у

Рр

Цi цi

Дд

К I к I

б дад

ц1ал ц1ул Ц1ад

ц1ибил ц1илиц1 ц1али

Бб

Лл

к1илик1 барки ц1алк1о к1ал

бел бац1 баци бац1и

бак1 Баку Барда

к1улал

Ц1ер

охцер

Бац1ил берал Оцол бубуди Щолбол ах

кор

хер

цер

ци

ца

кар

ц1ар

охцер

ц1ер

ицц

ц1а

кор

риц!

Корол ц1а Царал цаби Ихдалил ц1ад

Дир ц1ар Бика буго Дур цар Халид буго. Орханица ц1алулеб буго. Хадуб Орханицаги Халидицаги ц1ибил бак1арила.

22 23

Ни

Мм

росу нису рас рахас

Гг

сали соно сас сарин

си баси Сабир Асад

Сс мац1 моц1 ц1ам ц1ум

Росдал нух Салимил сарин Идрисил гор Асадил нус

мал лам

мали

МИККИ

ки

ри наб

раса

нису

гор

гомог

сургу 24

Сивунир маккал руго. Микки ц1уне, Сабир. Набил лалу буго. Билалил булбул буго. Насирица нису кванана. Инсуца Раисае к1илк1ал росана. ламадур

рахас 25

В В

варани рас вас

буго вУго

вагон бекери векери

бати вати

рохи вохи

Варне васандана Варани уна Анвар диваналда вегана Васас рас халеб буго Варисгун Анвар вацал руго Билал ил бел билана. Набил гулгун бегун ана. Асма, босе дур васик1о. Басирил гургур буго

26 27

Яя

Йй зар зоб

заман зурма

газа гозо

зирараб зирхараб

вас яс

най пил

заз

васик1о ясик1о

куй

васанди тай ясанди бай

яс

балай Зайнаб

ясик1о

пер

РУЗ Варисица зурма пуна. Басир ва Пирдас сверана. Рамазангун Париги берцинго сверана. Идрис ва Асад расандана.

вац яц

Рузил берал зирхарал руго. Рузил зарар букГунаро.

Майиса берцинай яс циго. Майис ц1одорав вас вуго. Дир яц яслиялда йиго. Яц ясик1огун ясандула Зайнабги Лайлаги яцал руго. Найил хайир буго. Наял ц1унизе ккола.

28 29

Т бати бети

жага ниж нуж

жулам гожо божи

тари тири

терет турут

бижи бежи

Ражабил баба Зайнаб йиго. Дой ц1а бакун гургаби режулей йиго. Жамалгун Жабрайилги аск1ор руго. Киналго рохун руго. Лайлаца ц1и бежараб гурга кваналеб буго. 30

талган талат

Мус-ли-мат-ги Ха-ти-мат-ги ре-ссару-лел ру-го. Бе-ссу-леб бу-го ту-рут-ги сал-магги.

ражи жаниб жанир

борти бертин

Таибатилги Саратилги талган буго. Батирил барти бу­ го. Тимурил буго берцинаб кету. Киве вас аниги кетуги уна. Цо басандулеб куцха! Тимурица кету кваназабула.

I

31

Ш ш шал шар

тури шури

Камил Шамил

Щщ шириш шиша

шиша щущай

щай? щиб?

шар щар

Щущан бук1араб Бищулел васал Ганщил бох Щабагил щвант1их Рад ал ил щуб.

Берцинаб шал К1иго шар Шамилил шиша Шушбузул сас

карщ килищ

U İm m m i

щвант1их гамущ-ганщал шиша-шушби Гаргар

Камилги, Шамайги, Шамилги шаралгун руго. Шамай шаргун екерун ана. Шар боржун ана. Шамилил шар к1иго буго. Шамил Шамайе шар босун ана. Шамай Йохана: —Баркала, Шамил!

32

—Аб щиб, Щабаги? —Дад буго, яц. — Щиб дадиниб бугеб? — Щар буго, яц Шамай. — Щиб щолеб щаралдаса? — Нахги, нисуги.

33

Ч ч чи чу

чед хеч

чалу мачу

Фф чинари мучари

Чаран Лачен

Лаченил хех бекерулеб чу буго. Щарги Чарук буго. Чода рек1ине Булачилги Малачилги мурад буго. Чалабица Чарук чордезабула. Чоца чакарги куна, чедги куна. Бу-ла-чил-ги Ча-ла-бил-ги Ма-ла-чил-ги Чор-де-за-бу-ла

Əэ телефон футбол

эбел эмен

Ъ эб эниб

Муъмин Залпаъ

Эбелги, эменги Муъминги тукаде ана. Эз васасе росана узданал этекалги берцинаб формаги, васандизе телефонги. Муъмин велосипедалда цеве эхетана. Эбел-инсуца эбги босана. Вас вохараб куц! те-ле-фон ве-ло-си-пед

34

35

Юю Аюб Юсуп

юк ющин

Eе елка Юнус

Ы самолет вертолет

ь

Лъ лъ фонарь апрель

нилъ лъел белъин лъабго _ нилъу лъелго релъен лъеберго

и ари

ма лъи лъа

Гаргар -

лъ

ади ад

ра

Ле, Лачен! Щиб дуе, Лабазан? Ма, ламадур босе. Киса дуе ламадур? Хуриса босана. Баркала, Лачен!

борлъаро

нилъ

лъа лъо лъу лъи лъе Юсупги Юнусги школалда ц1алдолел руго. К1иялго к1иабилеб классалда ц1алдола. Аюб ц1алдола цоабилеб классалда. Аюбил расанк1абиги руго. Досие бищун хириял руго самолетги вертолетги. Декабрь, январь ва февраль хасалил моц1ал ккола. Июнь, июль ва август роол моц1ал руго. 36

ЛЪАР Росдада цебе лъар буго. Лъималазе лъим хирияб буго. Риидал лъимал лъаралъ чвердола. Васаз лъадал лазат босула. Мусаца лъималазда лъедезе малъула. Киназдаго лъим лъала. 37

Т I т I

тил т1ор

Ч I чI

т1ох т1ат1и

бетизе бет1изе

тезе т1езе мур

т1а

лаб мах вус

Хоно бетана. Гени бет1ана.

бичизе бич1изе

бачине бач1ине

чалу ч1алу

мачу мач1у

т1а т1о т1у т1и т1е

Жага барщизе тезе буго. Барщараб ц1ибил т1езе буго.

ЧЕРЕЙ Т1авус школалдаса юссана. Рет1ел хисана. Чорокаб рет1ел т1арсинибе бана. Т1аде лъим т1уна. Сапун босана. Эбелги т1аде швана. Т1авусида черезе малъана. Ясалъ чурараб рет1ел эбелалъ кварида тГамуна.

Эмен ана чу бичизе. Дун лъугьана ц1ул бич1изе. Мусаца машина бачуна. Нижер бурут1 хадуб бач1уна. Лъималаз ц1улал мач1у ч1вана. Мажидил мачу билана. ЧЮРОЛО

Кици:

Ч1ороло ролъул хуриб рещт1ана. Бусада ханал лъуна. Эбелги ясги ч1арадизе ана. Ч1оролодул бусен батана. Бусада т1анч1и ругоан. Иш ч1варал т1анч1и ч1ирч1идана. Аз ч1ар бет1ана. Т1анч1и эркенго тана. Цинги лъилъаризе рач1ана. Ч1оролодул бусен ч1обого бугоан.

Берцинаб к1алзуе к1иго бут1а балеб. 38

39

Гъ гъ гуризе гъуризе

Гь гь гаргар гъаргъар

гъеду бугъа

егъе угъдул

гьад гьод

т1егь гьегь

рагъ рагъи

гьоло гьобо

гьодораб гьалагаб

гьа гьо гьу гьи гье гъа гъо гъу гъи гъе

Асмаца халича гурана, Салманица гага гъурана. Рагъида лъималазул гаргар буго Юсупида гъаргъар бан буго. Гъот1ода гъеду регцт1ун буго. Бугъа багъулеб буго.

ГЪАБУ Азбаралда гъабуги гъутГбиги руго. Цо гъабу гъот1ода буго. Гъабуялда ц1ибил барщун буго. Гъамбулатги Ярагъиги гъот1оде рахана.

гьа

би

гьан

гьи

ма

ТИЛ

бах гьа

чун ни ре

лъи

я лъ е

ГЬОБО Гьале гьобо. Гьабида цебе бегун гьой буго. Гьанире гьалбал рач1уна, уна. Гьиматил эмен гьабигьан вуго. Гьабил ишалъе гьесул гьунар буго. Инсуца Гьиматги гьабигьанлъиялъе ругьун гьавулев вуго. Кицаби: Гъот1одаса гъот1оде к1анц1унилан гъадил лачен лъугьунареб. Гьит1инго щвараб лъау хазина буго.

40

41

ГI г I

г1анса г1анси

Къ къ г1ари rlypy

rlep rlop

pari раг1и

маг1 маг1у

rla rlo Пу г1и rle

калам къалам

бакизе бакъизе

къо къокъа

мокъокъ къадако

къа къо къу къи къе

Г1ИНТ1И Ихдал г1азу биуна. Г1едег1ун чвахула маг1ардасан лъарал. Г1урул лъим г1емерлъула. Гьениб г1урул раг1алда г1емераб г1инт1и буго. Гьелъ рет1уна г1урччинаб рет1ел. Цинги г1инт1иялда бала г1ажаибго берцинаб т1егь. Т1алил наги г1едег1ула гьелдаса гьоц1о бак1аризе.

КЪУРБАНИЛ ЧУ Къурбан школалдаса рокъове щвана. Рет1ел хисана. Къаде кванана. Къурбанил буго ц1акъаб чу. Гьеб къечон батила. Гьекъезе бачине мех щвана. Къурбан чоде вахана. Къваридаб къот1носан къокъана. Гьале къулг1а. Чоца лъим гьекъана. Къурбаница гьелъие тимар гьабуна.

Кицаби: Ца тараб parlyца мег1ерги тола. Бил араб жо батулеб, гГадада араб заман батулареб. 42

Бицанк1аби: Къаси бахчулеб къад баккулеб? Шал лъъарал, лълъар гьанал?

къверкъ 43

Кь к ь ракь рукь кьа кьо кьу кьи кье

К I кI

кьал кьили

кьури кьуру

кьо кьог1аб

бакь бокь

к1а

Аминат дарсиде кват1ана. Чини дул гъадаро кьват1ана. кьи

Бакъ щвараб къо бач1ана. Устарас ц1ияб кьо бана.

Г1АНК1АЛ

Ц1ИЯБ АХ Школьалъе ах гьабизе ракь кьун бук1ана. Нижер классалъеги ракьул бут1а щвана. Лъималазе бокьана гьениб мокьрол ах ч1езе. Анкьица ракь къач1ана. Кьерал гьарун, мокьрол гъут1би ч1ана. Кици: Махшелг1ан бергьараб бечелъи гьеч1еб. БицанкГо: Къваридаб бокьоб кьарияб оц? 44

К1ушк1ант1и вук1ана рак1 гъоларого. Жиндие г1анк1илан зигардана. Лъик1 ц1алани, г1анк1ал росизе разилъана эмен. Базаралдаса к1иго г1анк1ил т1инч1 босана. К1ушк1ант1ил рохалие ахир бук1инч1о. Шудадацаги гьасги г1анк1азе рукъ гьабуна. Кваназаруна. Гьезул к1ут1бузул хехлъи! Рак1 гъолел к1арчанал жал руго гьел. Кицаби: Циг1анасеб г1анк бук1унаро Пабдалас г1одобе бала, г1акъилас бищула. Лъар бахине к1оларес rlop бахунаро. Ралъад гьалаглъани, гама бегула. 45

X ъ

х ъ

хъал хъил

X ь

хъулулхъ хъарахъ

хъир-хъири хъур-хъури

хъах1аб хъах1илаб

х ь

хьухь рахь

хьин хьон

хьихьи хьибил

рохь хьоп

бохьи бихьи

шт хъа хъо хъу хъи хъе

„хъа„

хъ...

/ ла КОНЦЕРТ //б а х ъ Школалда лъималаз к1удияб кон­ ,у /рахъ ми церт кьуна. Аргъан хъвана Хъазан замица. Къурачица къали кьабана. Кьурдизе рахъана Хъандулайги ба чагь Хъиргьуги. Гьезие кутакалда хъат ч1вана. Киназего бокьан Хъаничал кеч1ги. Кепаб концерт бук1ана.

хъ.......

хъ....

Кици: Чанил бице чанахъанасе, чол бице чот1ахъанасе. 46

ба хьи rle хье

нал лаб

ин| су ма| rlap ГЬИТШНАВ ВЕХЬ

хьа хьо хьу хьи хье

Хизрил эмен Пали г1иял вехь вуго. Бахьинал кьаг1иги кьариял чахъабиги руго инсуда цере. Риидал Хизри маг1арде уна. — Вач1аравищ, бихьинчи, - ян абула инсуца. Васас г1и хьихьизе кумек гьабула. Пухьбуз гьесда абула гьитЬшав вехьилан. Хизрица ц1ализе т1ахьалги росула цадахъ. Цо-цо нухалъ г1ухьбуз г1иги беч1ч1ула. Хизрие бащунго бокьула г1иял бета. Бицанк1аби: Гьанги, квасги, квине х1анги кьолеб жо? Бет1ералъ гьоц1о т1олеб, рач1алъ загьру бикьулеб? 47

XI

xlyp xlop

XI

мах мах!

х1ерен х1елеко

х1ут оцх1ут1

х1ули х1ари

xla xlo xly х1и xle

Х1АНЧ1АЗУЛ РУКЪ Хъач1аб хасел бач1ана. Бицатаб г1азу бана. Х1анч1и ракъана. Салих1ил гьезда рак1 гурх1ана. Гьезие рукъ х1адурана. Гьеб азбаралъуб гъот1ода бана. Х1еккинабун х1арараб чед лъуна х1анч1азе. Х1анч1азда х1инкъи к1очана. Т1аделъун кванана. Кицаби: Зах1мат бихьич1ого, рах1ат щолоро. Ч1ух1араб х1елкил рач! хекко х1улулеб.

Авар мац1алда. Ъ xlapn (твердый знак) х1алт1изабула ва хъвала: 1. Журарал х1арпал лъугьине: къ,лъ,гъ,хъ. 2. Щокъроб цойидасан гьаркьил къот1ел ккезабулеб гьаракь рагГизе: гьуъ-рул, Муъ-мин, Г1ай-наъ.

ШКОЛАЛЪУЛ АХ Нижер школалъул ахикь бат1и-бат1иял гъут1би руго. Гьезда гьоркьоб цо чанго багГлидул гъвет1ги буго. Нижер учительница П айнаъ Муъминовналъ ахикь х1алт1изе, гъутГбузе хъулухъ гьабизе малъула. Дидаги Залпаъ абулей ясалдаги ц1идасан ч1арал баг1лидул гьут1бузе хъулухъ гьа­ бизе т1адкъана. Ахикь гьуърузе гьава бац1ц1адаб бук1уна.

Ь xlapn (мягкий знак) rlypyc мац1алъул гьаракь тамахлъизабиялъул гГаламат ккола: фонарь альбом мебель больница Авар мац1алъул Камил ва Шамил г1адал раг1абазулъ л гьаракь Ь гьеч1ониги, тамахго абула ва гьезда нахъа Ь лъоларо. Авар мац1алда Ь журарал х1арпал лъугьине х1алт1изабула: гь, хь, кь

Х1ама бергьинег1ан чу биччалареб. Гьой бук1уна х1апизе XIoc бук1уна кьабизе. 48

49

А

И

У

O

E

Г™Г1 гъу I гъ° 1 г ъ а I Гъ

50

гъе

Гь

гьа

гьи

гьу

гьо

гье

ГI

rla

г1и

rly

rlo

rle

Къ

къа

къи

къу

къо

къе

Кь

кьа

кьи

кьу

кьо

кье

КI

к1а

к1и

к1у

к1о

к1е

X ъ

хъа

хъи

хъу

хъо

хъе

X ь

хьа

хьи

хьу

хьо

хье

X I

xla

х!и

xly

xlo

xle

Л ъ

лъа

лъи

лъу

лъо

лъе

ТI

т1а

т1и

т1у

т1о

т1е

Ц1

ц1а

ц1и

ц1у

ц1о

ц1е

ЧI

ч1а

ч1и

ч1у

ч1о

ч1е 51

ДУН АЗЕРБАЙЖАН РЕСПИБЛИКАЯЛЪУЛ ГРАЖДАНИН ВУГО Нилъ эркенаб Азербайжан улкаяльул гражданал руго. Гьаб улкаялда нилъер щивасул ихтиярал ва налъиял руго. Ихтиярал: Нилъ улкаялъул щибаб бак1алде ине бегьила ва нилъеца бокьаразухъ г1умру гьабизе бегьила. Бокьараб школалда иДалдезе бегьила. Нилъ зах1таталъул бокьараб рахъалда машгъуллъизе бегьила. Лъие кинаб пиша бокьани, лъазабизе бегьила. Нилъеца зах1маталда рекъон мухь босизе бегьила. Соналда жаниб цо чан нухалъ х1ухьбахъиялде ине ва заман эркенго т1амизе бегьила. Пачалихъалъ жигар бахъула нилъер г1умру лъикГлъизабизе. Пачалихъалъ нилъее г1оло лъималазул ах, школа, больница, театр, музей, стадион балеб буго. Пачалихъалъ нилъ сах к1одолъиялъул ургъел гьабулеб буго. Пачали­ хъалъ жигар бахъула нилъ ц1алдезе, х1алт1изе ва нилъеца х1ухбахъи гьабие. Нилъеда г1агараб рахьдал мац1 - авар мац1 малъулеб гьаб т1ехьги нилъее Азербайжан пачалихъалъулаб сайигъат буго. Налъиял: Улка бечедаб бук1иналъе г1оло яхГнамусгун г1умру гьа­ бизе ва лъик1 х1алт1изе ккола. Щивас жиндир ват1ан - г1агараб Азербайжан ц1унизе ккола.

52

АЗЕРБАЙЖАНАЛ Нилъеца Азербайжаналда г1умру гьабулеб буо. Нилъ Азербайжанал руго. Амма нилъер шивав цо-цо халкъалъул чи вуго. Нилъее г1агараб ват1ан Азербайжан буго. Азербай­ жан цо кГудияб хъизан буго. Гьаб хъизамалда Азербайжан туркалгун цадахъ г1урусаз, украиназ, жугьутаз, талышаз, курдаз, авараз, лезгияз, сахураз, удияз, ингилояз ва цогидал халкъаз г1умру гьабулеб буго. Нилъ рижараб Азербайжан гьаб хъизамалъул рукъ бу­ го. Нилъер пачалихъияб мац1 Азербайжан мац1 буго. Нилъ киналго гьеб мац1алда к1алъала ва бич1ч1ула. Нилъ Азер­ байжан мац1алда ц1алдола. Гьединго, щибаб халкъалъул жиндиргояб мац1 буго. Доз Азербайжан мацГгун ц1адахъго жиде-жидер мац1аздаги ц1ализе ва хъвазе лъазабула. Азербайжаналда киналго халкъаз гьудуллъиялда ва xleренго г1умру гьабулеб буго. НИЗАМИ ГАНЖАВИ Низами Ганжави вуго Азер­ байжан халкъалъул гениалияв шаг1ир. Дов гьавун вуго Ганжа шагьаралда. Бакъбаккул к1удиял шаг1ирзабаз Низамидаса лъай ва г1ибрат босана. Досул асаразул аслиял пикраби цох1о Азербайжан халкъалъе гуро, т1олго дунялалъул халкъазе къиматал руго. 53

КУРПУЧ БЕЖУЛЕВ ХЕРАВ ВА ГЮЛОХЪАНЧИ Шам шагьаралда цо херав вукГанаан. Дос радалалдаса къасидег1ан курпуч къотун бичулаан ва чадие г1арац бикулаан. Цо къоялъ нухлулав цо г1олохъанчи херасда аск1ове вач1ана. Дос салам кьун бицана: - Ле херав, щай дуца гьаб г1азаб г1емераб х1алт1и гьабулеб? Лъицаха дуе цо кваниеб чед кьолареб? Вач1а, гьаб бак1аб х1алт1и рехун те. Херас бицана: - Дир вас, г1адада гуро дица кверал гьеб махщелалде ругьун гьарурал. Гьелъ ц1унула дун цебе квер бит1ун цо лъихъзаниги чадие г1арац1 гьариялдаса. Полилас, херасул раг1абаздаса нечун, т1аса лъугьаян гьарана.

ЛЕВ ТОЛСТОЙ Лев Николаевич Толстой вуго г1урусазул ц1ар раг1арав хъвадарухъан. Гьес лъималазе г1ологи хъван руго г1емерал харбал. Гьел харбал т1олго дунялалда ц1алулел руго к1удияб гъираялда. Гьаб т1ехьалдаги лъун буго Лев Толстоясул к1иго къокъаб хабар.

54

КШГО ГЬАЛМАГЪ К1иго вас рохьосан унел рук1ана. Хабар гьеч1ого гьезда цебе бахана цо ци. Васазул цояв хекко лъутана ва харун гъот1оде вахана. Хут1арав г1одов вегана ва хвараб ххвел гьабуна. Ци гьесда аск1обе бач1ана, мах1 сунтГана, гьев хварав х1исаб гьабун ана. Вас Наде вахъана. Гъот1одасавги г1одове решИана. Дос гьалмагъасда гьикъана: - Ле, цица дуда щиб бицана? Васас гьадин жаваб кьуна: - Квешав г1адамгун гьалмагълъи гьабуге. Х1ал ккедал, мунги тун, лъутун ина, - ян бицана дида цица. БЕКАРАБ СУРК1А Цо вас рокъов васандулев вук1ана. Тохлъукьего берцинаб цо сурк1а столалдаса бортун бекана. Дов лъиданиги вихьун вук1инч1о. Инсуца гьикъана: - Сурк1а лъица бекараб? Васас жаваб кьуна: - Дица. Инсуца бицана: - БитГараб бицаралъухъ баркала!

55

гьер-си-да-са ма-ц1и-да-са яр-гъи-да-са ра-гъал-да-са

ба-ц1ц1а-даб ро-ц1а-раб т1а-де-г1а-наб хъа-х1и-лал Ц1уне Ц1уне Ц1уне Щуне Кье Кье Кье Кье

ниж гьерсидаса, ниж мацГидаса, ниж яргъидаса, ниж рагъалдаса!

нижей бац1ц1адаб зоб, роц1араб дуниял, хъах1илал ралъадал, т1адег1анаб г1умру! Х1ажи хъещт1олев вуго Расул Х1амзатов

Кици: Яргъица г1адан куна, кварт1а-нилъалъ хьихьула. кьер-ха-раб къва-т1ал

ча-на-гъал хъеш-т1е-ро ПАЗУ

Хасалил кьерхараб къо бач1ана. Гьури пуна. Дуниял ц1орона. Хадуб г1азу бана. Къват1ал хъахГпъана. Лъимал рохана. Гьез чанагъал къач1ана. Цинги хъещт1езе ана. Пазу бук1ана тамахаб. Цоцоял журана г1азул рагъ гьабизе. Пусманги Хъазамиги хъещт1еро къач1азе т1аделъана. Пазул хасел хирияб буго лъималазе. 56

ц1ал-до-ле-лъул

Асият______________ ? Пумар_____________ ? Васал______________ ? Ясал_______________ ? Лъимал____________ ? к1а-лъа-ле-лъул

РОСУ БЕРЦИН Росу берцин, ц1ар берцин, Ц1алдолелъул мац1 берцин, Берал берцин, к1ал берцин, Калъалелъуп ца берцин, Памал берцин, сан берцин, Сунареб гьими берцин!

57

Васас Ясалъ Палица Лъималаз

Васасул Ясалъул Палил Лъималазул

ц1алана

гьими

Х1ЕЛЕК0 Гьале нижер к1удияб х1елеко. Гьеб жибго лах1ч1ег1ераб буго. Т1емет1и баг1араб буго. Рач1алъул х1улаби ч1ух1арал руго. Гьелъ г1анк1уял аск1оре ах1ула, кваназарула. Багъизеги гьеб ц1акъаб буго. Цо нухалъ гьеб ц1умгунги багъана.

БУРУТ1ГИ ТАРАЩГИ Гьиматил буго хъах1аб бурут1ги ч1ег1ераб таращги. Вай, гьел ругел берцинал жал! Киве Гьимат аниги, гьелги цадахъ рук1уна. Бурт1ие бокьула Лурдада басандизе, Лугьдул кваназе. Таращ гьелда хадуб бекерула. К1иялго расандула. Гьиматица бурут1ги багъизе ругьун гьабуна.

ТОРГЮ К1анц1е, к1анц1е, дир к1анц1ур, Дунги цадахъ к1анц1ела. Тире, тире, дир торг1о, Дунги цадахъ тирила.

Т1УГБДУЛ Т1охил раг1алда ц1улал раса буго. Гьенир т1угьдул ч1ун руго. Асмаца т1угьдуздаса xlyp бац1ц1ана. Гьезде лъим Луна. ТТугьдузул берцинаб мах! буго.

58

Гьеб нахъиял бохдузда ч1ола ва жиндирго гьиЛинал хвалчаби кьабизе лъугьуна васасдаги тарщидаги. Таращ х1апдола, бурЛил Лин кквезе хапдола. Гьиматил Лемерал гьудулзаби руго. Гьелги расандула буруЛгун ва таращгун. Гьиматил щиб-щиб бугеб? БурЛие щиб гьабизе бокьулеб? Гьиматил гьудулзабаз щиб гьабула? 59

Г1УРДАДА Гьале нижер росу. Росураг1алда rlypo буго. Гьеб буго г1урччинаб, берцинаб байдан. Лъималазе гьеб ц1акъ бокьула. Г1ат1илъи г1ураб бак1 буго гьеб. Рекеризе, к1анц1езе, велоси­ пед бачине, гамач1 рехизе, торг1о х1азе ниж кидаго гГурдаде уна. Палугьанасе кварги гьеб байданалда бухьуна. Гьебмехалъ г1урдаде т1олабго росу бак1арула.

Суалал. -Ц1ибил сунда бижулеб? -Гьелъул т1аг1ам кинаб бук1унеб? -Щибилищ жагайищ гьуниаб бук1унеб? -Жагадул таг1ам кинаб бук1унеб?

ах1ана ах1улеб буго ах1ила

Яасалъ ке1ч

Х1ажи рокъове

вач1ана вач1унев вуго вач1ина

Ч1ух1ай

Щуго килищ—цох1о квер, Босе, гьудул, босе гьаб. Щуго килищ-цох1о зар, Босе, тушман, босе гьаб.

? ? ?

Жавабал. - Ц1ибил бижула гъабуялда. —Гьелъул бук1уна гьуинаб т1аг1ам. —Жагаялдаса ц1ибил гьуинаб бук1уна. -Ц1ек1аб бук1уна.

ХАСЕЛ БАЧ1АНА Хасел т1аде щвана. Лъеда ц1ер ч1вана. П азу бана. Лъималаз хъещт1еро гьабуна. Гьел чанагъазда хъещт1ана. Х1ажица ва П алица г1азул васик1о гьабуна. Лъимал рак1 гъун рук1ана. П айнаъги Гьайбатги ц1ерда хъещт1олел руго.

Р.Х1амзатов 60

61

Гьаб буго гвангва. Гьеб бук1уна ахикъ, рохьоб гъут1бузда. Берал руго ч1ег1ерал. Рач1 буго керчаб. Гвангваялъе бокьула ц1улакьо.

Гьаб буго г1ужрукъ. Гьелъул руго къокъал бохдул, бег1ераб сунт1ур, зазихараб т1ом. Пужрукъалъе бокьула рахь.

Гьав щив?

Гьай щий?

Гьаб щиб?

Гьал шал?

62

Гьав вуго

эмен вас вац

Гьай йиго

эбел яс яц

Гьаб буго

гьвет1 бече х1инч1

Гьал руго

васал ясал бачал т1ахьал

Гьале чараб рит1уч1. Гьелъул ру­ го халатал гучал бохдул, г1аркьахарал берцинал лълъурдул, баг1арчараб т1ом. Рит1уч1 бук1уна рохьазда. Гьелъ кванала хер, т1амах. Чараб рит1уч1 буго ц1акъ берцинаб г1алхул х1айван.

Гвангваги, г1ужрукъги, рит1уч1ги ккола г1алхул х1айванал. Цоги кинал г1алхул х1айванал нужеда лъалел? 63

Щибаб къоялъ нижеца гьелъие кьолаан чури, хинк1чед. Бохуца холаго, гьелъги кунаан. Таращ къойидаса къойиде берцинлъана, гургинлъана. Горочилан лъуна дица гьелда ц1арги. Щодораб, рак1 гъолеб жо бук1ана гьеб. Ц1акъ бокьулаан дие гьеб. Диего г1адин, хадуб эбелалъеги бокьана. Шудадаеги бокьана.

Багъатар Нилъер рего-рахъунеб бак1алда гьой хьихьулеб г1адат бугищ?

ЦАРАЛ Х1ИЛЛА ГОРОЧ

Цо нухаль къотГноб лъималаз бухулеб батараб таращ бачана дица азбаралде.

Бакъараб цер рохьоб женжелеб бук1анила. Гьелда бихьанила бац1ица г1алхул ц1ц1е ч1валеб. Бекеранила цер цидухъе. Бицанила гьелда дур ракьалда бац1ица ц1ц1е ч1ванилан. Бащалъи гьелъ дуе кьезе кколилан. Ц1ах1илица кинабго жинцаго кваназехъин бугилан. Бортанила ци бац1иде. Гьеб ц1ц1е кваназехъин батанила.

64 65

- Гьелъул бащадаб дие бук1ине ккола. Дир ракьалда чан гьабун буго дуца, - ян лъугьанила ци. Хъант1араб бац1ие давла бикьизе бокьич1ила. Кинабго жиндир бугилан ч1анила. Кканила рагъизе. Рагъулаго гьел гох1даса гъоркье гирун анила. Цараца гьанги кванила, биги ч1ик1анила. Ц1а-х1и-ли-ца Ква-на-зе-хъин Хъан-т1а-раб Ч1и-к1а-ни-ла.

Дунги к1одоги ахикье уна. Нижеца ах къач1ала. Гъут1би лъалъала. Барщараб пихъги кванан, х1анч1азул бакъназухъги г1енеккун, гьогьомараб ахикь рак1 гъола. Эбелалъе Эбелалъе Эбелалъе Эбелалъе

вас вокьула. я с ____________ ? кеч1__________ ? лъим ал_______?

ЩАЛДОХЪАНСУЛ КЪО АХ Нижер буго лъик1аб ах. Гьенир руго г1ечул, генул, мокьрол гъут1би. Ихдал гъутби т1егьала. Мокьрол бук1уна ц1акъ берцинаб баг1араб т1егь.

66

— Радал кида мун вахъунев? —Дун вахъуна радал саг1ат анкьгоялда. — Цинги щибха гьабулеб?

67

- Горду рагьула, ц1ияб гьава жанибе биччала. Дирго бусен бак1арула. Цинги зарядка гьабула. - Хадуб щиб гьабулеб? - Хадуб гьумер-к1алги цабиги чурула. Биччараб полотенцаялъ черх лъулъала. Рет1ел рет1уна. Цинги кваназе г1одов ч1ола. - Кида мун школалде унев? - Саг1ат микьгоялда дун школалде уна. - Дарсазда щиб дуца гьабулеб? - Дарсазда дун ц1алдола, хъвадарула, х1исаб гьабула. - Школалдаса вуссингун шиб гьабулеб? - Кверал чурула ва къаде кванала. Цинги уна лъималгун васандизе. Хадуб рукъалъул х1алт1аби гьарула. Метералде дарсазде х1адурлъула. Квералги чурун, кванала.

ГЪОТЮРКЮ ГъотГол х1ал унеб буго, Х1апараби т1аделъун. Х1инкъи буго т1анхазе Т1огьиллъун ракъваялъул. Т1аде щвана гъот1орк1о, Гъут1бузул унти лъалеб, Гъурана х1апараби, Х1анч1азул боги ах1ун.

- Кида мун вегулев? - Кидаго къаси саг1ат ич1гоялда.

Суалал

Жавабал

- Toprlo кинаб бугеб? 68

- Toprlo буго гургинаб, к1удияб. Toprlo щай къвариг1унеб? - Toprlo къвариг1уна х1азе. Гьалда ц1ар щиб? - Гьеб буго чу. Чода т1ад щиб бугеб? - Чода т1ад буго кьили. Чу щай къвариг1араб? - Чу къвариг1уна рек1ине, къайи баччизе. Гьаб сураталда щиб бугеб? - Гьеб сураталда буго самолет. - Самолет боржун уна. Самолет кин унеб?

Яс гьайбатай циго. Вас лебалав вуго. Т1угьдул берцинал руго. Куй дул кьариял руго.

Ясал Васал Т1егь Куй

? ? ? ?

69

РИИДАЛ Къот1носан унев Х1асанида Х1усен данде ккана. —Салам, Х1усен! —Салам, Х1асан. Киве вахъарав? —Лъарахъе унев вуго. Мун вилълъинарищ чвердезе? —Вилълъина. Лъимал лъарахъе щвана. Лъар росдада нахъа буго. Х1асанги Хусенги чвердолел руго. Шиясго кеп босана. Цинги гьел лъарал раг1алда г1урдада регана. — Х1асан, балагье дур кету дуда хадуб бач1ун буго. Доле лъаралъ чвердезехъин буго.

Г1АДАМАЗУЛ ГЪВЕЛ Х1амида рек1ун, херав Вук1ана нухда унев. Хаду-хадув вач1унев Вук1ана васасул вас. — Балагье! —ян г1адамал Пажаиблъун лъугъана, К1удада рек1ун вуго, Вас лъелго унев вуго. Х1амидаса херав чи Хехго гъоркье рещт1ана, Берцинго гьит1инав вас, Гьелда рек1инавуна - Балагье! - ян г1адамал Пажаиблъун ахГдана, — Гьит1инав рек1ун унев, Шудияв лъелго унев!

Лъимал ралагьун ч1ана. Катица квач1 кьабана. Гьелъ лъаралъа ччуг1а бахъана. Гьеб кваназе лъугьана. Лъимал г1ажаиблъун хут1ана. Х1асанида жакъа лъана жиндирго катил гьунар. Бицанк1о: Риидал кьарияб, кьиндал х1алакъаб?

70

71

Нижер

класс Жавабал:

Суалал: - Класс кинаб бугеб? - Гордал кинал ругел? - Партаби кинал ругел?

Лах1зат инч1о, к1удада К1анц1ун т1аде вахана. Шиявго цере-нахъа Цо х1амида рек1ана. - Иях1, ле! - ян г1адамал Х1икмалъун релъанхъана. — Цо х1амидаги рек1ун, К1игояв унев вуго. К1удияв чиги васги Ру го лъелго къокъунел, Гьезда хадуб берцинго Буго х1ама бач1унеб, - Балагье, г1адаллъи! —ян Падамал релъанхъула, Х1амида рек1инч1ого, Шигояв унев вуго.

С.Маршак 72

- Партаялда нахъа щал ругел? - Ц1алдохъабилъун щал ругел?

- Класс буго г1ат1тидаб, к1удияб. - Гордал руго ч1ах1иял, канал. - Партаби руго ц1иял, берцинал. - Партаялда, нахъа руго цДалдохъаби. - Щалдохъабилъун руго ясалги васалги.

Кици: Пелму бикъулареб, г1акълу бахъулареб. 73

Зарядка - кеч! Цо абидал эхеде Рорхе кверал киназго! Ай лазат! Вай лазат! Гьай лазат! Свак чучизе, черх бит1изе, Чундул г1адин, сах рук1ине! Ай лазат! Вай лазат! Гьай лазат! Свак чучана, черх бит1ана, Чундул г1адин, сах рук1ина! Ай лазат! Вай лазат! Гьай лазат!

КУМЕКЧ1УЖУ Эбелалъе кидаго Кумекч1ужу йиго дун: Кванил ц1араг1 чурула, Чедги босун, юссуна; Дица чурпа гьабула, Чакаргун чай къач1ала. Рукъ бац1ц1ун, азбар лъухьун, Эбел йохизаюла. 74

ИХ Хасалил хъач1ал малъаз Паркьалаби гъурарал Гъут1бузда т1амах балеб Т1абиг1ат берцинаб их. Хъах1ал буртабазда гъоркь Кьижарал авлахъазда Кьер-кьераб т1егь бижараб Т1абиг1ат берцинаб их.

Ц1адаса Х1амзат

75

ДИР ЧУ

Ду-ду-ду! Ду-ду-ду! Дир буго берцинаб чу, Чакарги кьун, хьихьараб; Хьолбода т1анк1ал ругеб, Т1ад рек!индал кьурдулеб; Кьолокь жиб басандулеб, Жалги рач1ги меседил. Ду-ду-дуI Ду-ду-ду! Дир буго берцинаб чу!

ДИР Г1АН1КИЛ Азалидул зангал ругел дир г1анк1ил, Заит кунал къунщби ругел дир г1анк1ил, Merlep ц1урал г1иял ругел дир г1анк1ил, Палах ц1урал чуял ругел дир г1анк1ил, Чот1а ц1акъал васал ругел дир г1анк1ил, Росулъ ц1акъал, ясал ругел дир г1анк1ил,

ЩИБАЛИ ЛЪАЙ! Шал гьеч1еб, мац1ги гьеч1еб, Малъизе гьунар бугеб; Бер гьеч1еб, кверги гьеч1еб, Кинабго жо бицунеб; Гьаб щиб жо кколеб, лъимал? УНГО-УНГОЯВ ГЬУДУЛ Жалалил к1иго гьудул вуго. Цоясда ц1ар Х1амид буго, цогиясда Саг1ид буго. Гьел лъабалго цох1о классалда ц1алулел руго. Учителас гьезда рокъоб хабар ц1ализеги математикаялъул мисал гьабизеги т1адкъан бук1ана. Жалалица, хабарги ц1алун мисал гьабич1ого тана. Нахъисеб къоялъ школалде вач1аравго, Жалал жиндирго гьудулзабазда кумек гьаризе лъугьана. Х1амидица, бахъун жиндирго тетрадьги кьун, абуна: «Гьанисан хъвай, дица бит1ун гьабун буго». Саг1идица абуна: «Чияр тетрадалдасан хъваге. Дица гьабизе кколеб куц бицина, мисал дуцаго гьабе». Дуца дурго гьалмагъасе кин кумек гьабулеб?

АРГЪАНЧИ —Аргъанчи, баче наку! Кинаб наку бачинеб? - Бече къурдулеб наку, Кьег1ер к1анц1олеб наку, К1ерт басандулеб наку, Расул вохулеб наку!

76

Зодихъе паркъолел Гьайбатал ц1ваби Щале, ц1але, ц1але, Ц1але, дир т1анч1и. Ц1ияб г1умруялде Пун бач1унеб т1ел, Т1егьазабе улка, Эркенал х1анч1и.

Щадаса Х1амзат 77

1. Хъазицаги царацаги т1анч1и кин хъихьулел рук1арал? 2. Цараца хъазие кинаб хиянат гьабурабали бице. 3. Гьеб хиянаталъе нужеца кинаб къимат кьолеб? Раг1аби: хъазица, цараца, милат,ч1езе, ч1ун, ч1араб, нилъер.

Кици: Цидул кутакалдаса царал х1илла бергьарабила. РОРЖИНАЛДЕ ЦЕБЕ

ХЪАЗГИ ЦЕРГИ Хъазицаги царацаги т1анч1и дандран рук1анила. Цин цер чанабе ун, т1анч1и хъазица хьинхьун, цинги хъаз ун, т1анч1и цараца хьихьун, гьезул г1езег1ан мех анила. Цо къоялъ, кунеб жоялда хадуб хъазги ун, цер т1анч1а-, зул милаталда рокъоб бук1анила. Хехго к1удиялги г1ун, гьайбатго ругел хъазил т1анч1азде царал ц1акъ хиял кканила. Дагьаб мехалъ иях1 гьабун бук1анила, ахирги, ч1езе к1веч1ила: сахаб г1адаб цо т1инч1 букъа-буц1анила. К1алберги бац1ц1ун, х1улимилъирги бахчун, пашманаб ххвелги гьабун, цер т1епун ч1ун бук1анила. Рак1алда хъублъи гьеч1еб хъаз, т1анч1азе кваназе жоги балагьун, рокъобе бач1унеб бук1анила. Хъаравуллъи ккун ч1араб цер хъазида данде бортанила ва нилъер цо т1инч1 камун батанилан бицанила. - Дурищ, дирищ? - абун гьикъанила хъазица. - Дур, дир щиб бук1унеб дандбараб маг1ишаталъул? Габурхалатазул цояб камун буго, ян цараца хъазил раг1и г1ад гьабунила. 78

Хасалихълъи щварабго г1емерисел х1анч1и рохьорги авлахъалдаги квине жо балагьулел рук1уна. Къокъа - къокъаккун роржун ине х1адурлъи гьабулелги рихьула гьел. Гьезда гъорлъ г1езег1ан руго исанасел т1анч1иги. Гьел г1олохъанал х1анч1и г1емер ругог1ан ц1ик1к1уна х1анч1азул къо­ къа. Къокъа к1одолъанаг1ан лъик1 буго гьезие. Нусго бер бук1уна тушман бач1унеб бугищали балагьизе. Нусго гозо бук1уна гьелда данде багъизе. Т1оцебе тушман бихьараб х1инч1алъ пишт1ун гьаракь гьабула. Киналго ц1одорлъизарула. Цоялде балагь бач1ани, киналго т1аделъула. Хинч1азул къокъаялъул гьадинаб г1адлу буго: «Ки­ налго цоялъе г1оло, цояб — киназего г1оло».

Б.Бианки

79

Векьарухъанас инкар гьабич1ила. «Дуе бокьухъе бук1а абе, разияв вуго», - ян т1ад рекъанила гьев. Гьаб нухалъ гьез бекьанила ролъ. Пемер лъик1аб ролъги бижанила. Цинги векьарухъанас жиндиего т1асанги босун, гъор­ кьан цидуе танила. Гьелдаса нахъе векьарухъанасулгун цидул гьудуллъи хванила.

К.Ушинский Раг1аби:

ве-кьа-ру-хъа-на-сул-ги гъор-кьан бе-кьи-зе гьан-же-са-ла

TIACAH ЛЪИЕ, ГЪОРКЬАН ЛЪИЕ? Цидулги векьарухъанасулги гьудуллъи кканила ва гьел к1иялго цадахъ талган бекьизе ургъанила. Векьарухъанас циялда абунила: - Дне гъоркьан, дуе т1асан, - абун. Щакъго г1емераб талган бижанила. Векьарухъанас, жиндиего гъоркьанги босун, т1ад бижараб цидуе кьунила. Ци гъулгъудизе лъугьанила, гьабун бажарулеб жоги бук1инч1ила. Нахъисеб соналъги векьарухъанас абунила: - Рач1а гьаб нухалдаги хур цадахъ бекьизе, - ян. - Лъик1 буго. Амма гьанжесала дуе т1асан, дие гъор­ кьан бук1ине ккела, - ян лъугьанила ци. 80

ХАСЛИХЬЛЪИ Рортулел руго т1анхал, Т1еренлъулеб буго лъар, Пашманлъулеб буго кеч1, Бач1ун буго хаслихълъи. Ахирал бакънал руго Къо лъик1илан х1анч1азул, Реч1алел руго т1угьдул Бач1ун буго хаслихълъи.

81

Муг1рул хадур ралагьун Хут1ун руго г1иязда, Г1идра т1огьиллъун буго, Бач1ун буго хаслихълъи. Бач1ун Бач1ун Бач1ун Бач1ун

буго гьарзаяб, буго гьайбатаб, буго пашманаб, буго хаслихълъи.

Расул Х1амзатов бихъ-би-хъа-раб ру-къа-ла-ба-зул це-ве-тел

КВЕНГИ РАТ1ЛИДАГО РЕЛЪЛЪАРАБ БУК1УН БАТИЛА Цебе заманаялъ цо гьит1инав вас вук1ун вуго бечедав чиясул оцазул рохьдода. Гьесда т1ад цох1о гъоркьан рет1ел гурони бук1ун гьеч1о. Гьебги бихъбихъараб, рукъалабазул ц1ураб бук1ун буго. Гьесда аск1осан цо нухлулав унев вук1ун вуго. Ч1езеги'ч1ун, гьес гьев васасда гьикъун буго: - Гьал оцал дурищ кколел? - Дуца бицунеб шиб? Гьал руго ханасул оцал. - Мун щивха гьесул кколев? - Дун гьесул цеветел ккола. - Киг1анха дуе гьес кьолеб? - Дос дие щибниги кьоларо. Цох1о ретГелги квенги буго дие гьес кьолеб жо, —ян жаваб кьун буго васас. 82

Нухлуласда велъизе бач1ун буго. — Рет1елги дур «лъик1аб» бихьула, бах1арчи, квенги рат1лида релълъараб батилаха! - янги абун ун вуго нух­ лулав. х1о-ри-хъе ро-гьо не-чо-ла-рищ

ХЪАЗ ВА КЪВЕРКЪ Цо нухалъ хъаз х1орихъе бач1ун буго. Хъаз бач1ин къоркъое рек1ее г1ун гьеч1о. Шиялго бицардизе ккун руго. Хъаз ч1ух1ун к1алъан буго: 83

- Мун рогьо базе нечоларищ? Дун лъаларищ дуда! Мун щиб жо, лъадалъ гурони гьунар гьечГеб? Дида лъадалъ лъедезеги лъа­ ла, ракъдадасан билълъенеги лъала, гьаваялдасан боржинеги лъала! Къоркъоца абун буго гьелда: —Дуда чан жо лъаниги, цоцин т1убанго лъик1 лъаларо. Пемераб жо квешго лъазеЛан, цо жо лъик1 лъани, лъик1аб бук1инаан дуе! Кицаби: Пемер къвакъвадулеб г1анк1удал ханал дагьал рук1уна. Гьарзалъиялъул эбел захГмат, гьеч1олъиялъул эбел рах1ат. Т1АХБАЛ Дне нуж рокьула, хириял Лахьал, Пелмуги г1умруги дида малъулел. Дир бидул кьабилъун руго нуж рек1елъ, Бералг1ан х1ажатал руго нуж дие.

Х1асан Х1абибов ЦЕР Шамил ва Шигьаб рохьоре ун рук1ана. Ц1ад щенолеб бук1ана. Циндаго гьезда цо хъархъилъан баккун царал рач1 бихьана. Гьел г1агарде щвелалде, цер лъутун ана. Хехго цебеса т1аг1ана. 84

Гьаб хабар ц1але ва хъвазе х1адурлъи гьабе. Раг1аби: ц1ад, щенолеб, хъархъилъан, рач1, лъутун. ЩИБАБ ЖОЯЛЪЕ ЖИНДИ-ЖИНДИР БАК1 Гъиматги Багьжатги цо хъизамалъул лъимал руго. Гьимат Багьжатидаса к1иго соналъ гьит1инав вуго. Пемерисеб мехалъ эбелалъул гара-ч1вари Багьжатидасан кколаан. Щиб-щибниги гьабулей йик1ун, гьей егизе кват1улаан. Гьимат, эбелалъ цо раг1и абурабго, к1анц1ун т1аде вахъун, вегизе унаан. Багьжатица, егизе яхъунарого, эбел гаргадизе гьаюлаан. Г1едег1ун егулаго, гьелъул щватаби цо рокъор, фартук цоги рокъоб хут1улаан. Тетрадь цо бак1алда, ц1алул т1ехь цоги бак1алда бук1унаан. Гьединлъидал Багьжат чанги дарсиде кват1улаан. Гьимат дарсиде кват1улароан, дарсидаса рокъовеги жиндир заманалда вач1унаан. Гьимат гьит1инав вук1аниги, кинабго ишалъулъ дурусав вук1ана. Кици: К1ух1аласул х1алт1и нухда хут1улеб. Гьабураб гурони батуларо. Тела дица, дунго лъазе ,г1уж нахъе, Цо Лорда кьо лъела, нухда гъвет1 ч1ела. Баркаман раЛадан, цорораб иццин, Свакарав нухлулав гьенив лъалхъила. Дир лъик1ав гьудулас я дун лъаларес Гьабила хГухьбахъи дир зах1маталда.

Х1ажи Гъазимирзаев 85

ХЕРАЙ Ч1УЖУ Васги ясги къот1носан унел рук1ана. Цее-цее уней херай ч1ужу хъущт1ун г1одой ккана. Ясалъухъе портфельги кьун, хералъе кумек гьабизе векерана вас. Нух лъик1аб бак1алде ячун щвезаюна гьес херай. Гьей ц1акь Йохана. Гьенир рук1арал г1адамазги баркала кьуна васасе. Гьаб хабар ц1але ва изложение хъвазе хадурлъи гьабе.

т1угьдул кьун, гьезда баркун кагъат бит1ун, гьел к1одо гьарула. Гьеб буго чах1иязеги г1исиназеги рохалилаб къо. Пемерал къват1исел улкабазда Микьабилеб март ручча­ базе эркенлъи-ихтияр т1алаб гьабулеб къолъун буго.

Щибаб жо г1емерлъанаг1ан, Падат буго учузлъулеб, Пажаибли, адаб кинаб Пемерлъидал хиралъулеб?

Ц1адаса Х1амзат 8 МАРТ Микьабилеб март т1олго дунялалъего гГахьалаб руччабазул къо буго. Гьеб къо т1олго дунялалъго к1одо гьабула. Нилъер улкаялда Микьабилеб март к1удияб праздник ккола. Гьеб къоялъ улбузе, яцазе, г1агарал ва лъалел руччабазе

х1ал-т1у-ле-бищ г1ур-да-х1а-нал ракъ-ва-за-ру-ла бе-ке-рахъ-ду-ла.

бах-чун нахъ-ра-тел ква-ча-раб

ГВАНГВАГИ Г1АНК1ГИ - Даим х1алт1улебищ мун бук1унеб? - ан гьикъанила г1анк1ица цо нухалъ гвангваялда. - Х1алт1и гьеч1ого хут1уларо, — ян жаваб кьунила гьелъие гвангваялъ. Г1урдах1анал дица ракъвазарула, тамало гьодринибе баччула. - Дун гьури г1адинаб буго,-ян абунила гьелда г1анк1ица. - Рокъоб бахчун ч1езе дие бокьуларо, хасалоялде кванил нахърател дица гьабуларо. Бакъараб мехалда макъар букъула, квачараб мехалда бекерахъдула.

86

87

ре-гьел гьо-гьо-мун-ги дагь-дагь-ккун

цу-дун-го ракъ-дал-лъу-ла

РОХЬ Инсанасе рохьалъул к1удияб пайда буго. Рохьалъ бищунго лъик1 ц1унула регьел. Бух1араб бакъалдаса, хинаб гьуриялдаса ц1унула гъут1буз рань. Гьединлъидал рохьоб гьогьомунги бук1уна. Рохьоб г1азуги дагьдагьккун биуна. Т1олабго рииялъ гьениса лъаразе, г1оразе лъим щола. Рохь гьеч1еб бак1алда г1азу хехго биуна, иххал рахъуна, ракь цудунго ракъдаллъула.

ИХ БАЧ1АНА Их бач1ана. Гьеб бач1ана рохелгун. Гьеб бач1ана коч1охъаби-х1анч1азул т1елги цадахъ бачун. Гьелъ муг1руздеги бахун, рагьун хулжалгун, сайгъаталье бикьана хурдузе г1урччинлъиги т1угьдузе азарго бат1ияб кьерги. Сайгьаталъе бикьана гьелъ ц1а г1адаб бакъги, ц1ик-ц1икарал ц1ваби88

ги. «Ма! - ян ах1дана их, жиндирго бечелъиги ракьалъе кьолаго. - Гьабе нужеего рет1ел!». Муг1руз г1урччинчараб къат1ипадул лъут1ана жидеего партал. Гъут1буз г1адат1а т1угьдузул шалал ч1вана.

Фазу Палиева

ЗАРУЛ БАГЬА Малла Насрудинидаги цогиясдаги гьоркьоб даг1ба кканила. Ахирги дандияс Насрудинида зар кьабунила. Гьоркьор чаг1иги лъугьун, гьасие гьеб зар бец1изе щ веч1ила. Жинда кьабураб зарги зах1малъун, Малла Насрудинида гъов дандияв судалде кьунила. Судалда Малла Насрудинида абунила: - Гьас дир маг1арзулъ зар бана. Гьесие кколеб тамих1 гьабе, - ян. Зар кьабурав судиясул гьудул вук1анила. Гьединлъидал судиясе бокьанила тамих1алдаса гьев ворч1изавизе. Гьес абунила до кьабураб заруда т1аса лъугьун тезе бегьулари89

щан. Малла Насрудин разилъич1ила. Гьебмехалъ судияс гьадинаб х1укму къот1анила. —Цо зар кьабуралъухъ гьас дуе цо г1абаси кьезе ккола, - ян. Г1ак1а къот1арас жиндихъ кодоб г1арац гьеч1ин, гьеб босизе рокъове виччаян абунила. Судиясги гьев рокъове виччанила ва т1ок1ав гьаниве вач1унгеян бич1ч1изабунила. Парацгун гьев вач1инег1ан, Малла Насрудин валагьун ч1анила к1иго саг1аталъ. Ахиралда гьесда бич1ч1анила, дов чигун рекъон, судияс жив гуккулев вук1ин. Гьес судиясда гьикъанила: - Бет1ер ч1ахъаяв судияв, законалъул нухалда, маг1арзулъ зар кьабуров чиясдаса цо г1абасийищха кколеб? - абун. - У, —ян жаваб кьунила судияс. Лъик1 сверизеги гьабун, судиясул маг1арзулъ зар бани­ ла Малла Насрудиница, цинги гьесда абунила: _ Дов г1ак1а къот1арав чи вач1араб мехалъ, доб дие кко­ леб г1абаси дуего босе. Дир замен гьеч1о валагьун ч1езе, ян.

ЦАРАЛ ДИВАН Рохьосан вач1унев вук1анила цо херав чи. Гьесда нухда батанила гудраца ккураб залимаб борохь. Гьелъ нухлуласда гьаранила жиб гудракьа борч1изабеян. Херасги гьеб тархъан гьабунила. Гьебсаг1ат борохь гьесул горбода жеманила, бадибеги къулун, гъанкъилищан к1ал гьикъанила. Жинца дуе лъик1лъиги гьабунин, жив ч1аго тейилан гьара­ нила херас. Амма борхьица толев вук1инч1ила. Ахирги хе90

рас гьаранила, диван гьабизе цогидаб рух1ч1аголъи бач1инег1ан, ч1вач1ого теян. Борохьги гьелда разилъанила. Кват1ич1ого гьезда Наде щванила цер. Херас гьелда гьа­ ранила жидее диван гьабейилан, ккараб жоги гьелда бицанила. Гьес бицараб жо уяб бугищан цараца борхьидаги гьи­ къанила. Уяб жо бугилан гьелъги абунила. Цинги цараца абунила гудраца борохь кквеялда жиб божуларин, херасда гудурги гъезабун, гьелда т1асан билълъун бихьеян. Унеб бук1анила борохь. Бакьулъе щварабго, гудур чвархъанила ва къах1ан борохьги ккунила. Цинги цараца хе­ расда ц1еханила гудур дурищилан. Херас гурилан жаваб кьунила. Гьедин батани, рокъове айилан нахъе вит1анила. Т1ок1аб чияца гъураб гудракьа чанги биччаге, цогиязул ишалъул ургъелги гьабугеян малъанила. Борхьидаги абуни­ ла, гудрал бет1ергьанчи вач1араб мехалъ, гьес гьабилин дуе бит1араб тамих1илан. Гьедин борохьги тун, цараца нух босанила. ГУККИ Хасав вехьги гьеч1ого, индусазул цо росулъ, ирга гьа­ бун, хьихьулаанила жамаг1аталъул боц1и. Жидерго ирга борхизе боц1уде вахъанила г1олохъанчи г1олев вас. Жамаг1атчаг1аз гьесдаги малъанила росдадаса г1емер рик1к1адеги унгейин, боц1и бец1аб рохьобеги биччагейин, ц1иркъалги раккарулел ругин, гьездаса ц1одорлъиги гьабейилан. Нагагь ц1иркъ баккани, росулъе ах1иги байин, х1алае рач1ине чанахъаби х1адурлъун рук1инилан т1адкъанила. Цо гъот1одегй вахун, паракъат кваналеб боц1ухъги ва­ лагьун вук1арав васасда рак1алде кканила росдал гТадамал 91

гуккизе ва гьес ах1и банила ц1иркъ бач1унеб бугилан. Ярагъгун чанахъабиги, ах1уд бахъун росуги цо лах1заталда т1аде щванила. Бихьанила гьезда жал гуккун рук1ин. Жинца ц1акъаб жо гьабураб г1адин, васги велъанхъанила. Намуслъун, бет1ерги к1ибик1ун, бихьинал росулъе нахъ руссанила. Пемер кват1ич1ого бач1анила ц1иркъ. Банила васас ах1и. — Щив дов ах1и балев чи? — ян гьикъанила цоцазда росдал г1адамаз. Довго вас вугин гьанжеги ах1делеван бицанила чанахъабаз. Гьанжеги гуккулел ратилилан, росулъа къват1иве чи вахъинч1ила. Циркъалъ боц1иги гъуранила, васги т1ут1ун ванила. Т1аде щварал г1адамазда нахъе босизе жо батич1ила.

BATIAH Воре, гьалмагъ, мун вижараб ракь ц1уне, Ват1аналъе мустах1икъаб къимат кье. Къадал х1инч1алъ жиндир бусен ц1унула, Кету босе мисалалъе, дир лачен, Чияр кутул дур къавулъа хъамула. 92

Жиндир к1алт1а бугеб гъот1ол т1огьоде Бат1ияб х1инч1 т1аде къазе гьукъула. Дурго х1елкил х1исаб гьабе гьелъ х1елкал, Кавудахъе раккаралго, рухула. Т1алил наялъ бат1ияб на гьукъула. Инсанасул намусалда рекъелищ, Рукъ тун, тушман жанив ваччан бегьилищ?

Щадаса Х1амзат

ВАТГОАНАЛЪУЛ ЭРКЕНЛЪЯЛЪЕ ПОЛО Варисил гьал къоязда т1убан бук1ана анц1ила к1иго сон. Инсуца васасе гьабуна г1адатаб гуреб сайигъат. Варне живгун цадахъ вачун ана Бакуялде шагьар бихьизе. Хадусеб къоялъ гьел рахъана щагьаралда аск1об бугеб цо борхалъуде. Варисица абуна: 93

ДИР РАКЬАЛДА Дир ракьалда кьалда Ладан холаро, Хваразул ц1ар лъола ц1игьаруразда. Ва рижула васал меседил г1адал, Инсул жигар щварал, жеги щулиял, Дир ракьалда ц1аялъ ригь бух1уларо, — Ц1а т1аса иналде, ц1иял гьарула, Ва Лола щагьарал гугьар чинидал, Басрияб ц1ар лъурал, дагьалги ц1акъал.

Расул Х1амзатов

МИЛЪИРШО

- Дада, ва дада! Дида гьеб бак1 лъалеб буго, бихьун буго, бихьун буго телевизоралда, суратазда. - У, дир вас, гьенир руго Ват1аналъул эркенлъиялъе г1оло pyxl кьурал шагьидзабазул хабал. Рихьулищ, ругелщинал ц1иял Лугьдул. Кидаго гьанире г1адамал рач1уна к1удияб адаб-х1урматгун. Варне Илгарил ва Ларисал хабазда аск1об халат бахун эхетана. Кодосел т1угьдулги гьенир лъуна. Къваридго ургъана: «Балагьея, гьезул кидаго букГине буго г1иц1го анц1ила к1иго сон...» 94

Роол авалалдаго, цудунго рахъун, цо сверухъе ралагье. Дуниялго ц1ун роржанхъулел х1анч1и рихьизе руго нужеда. Лъик1 ралагьани гьезул г1емерисел милъиршаби ратизе руго. Милъиршаби свак тун, гьаваялда роржанхъулел рук1уна. Гьез бат1и-бат1иял заралиял х1ут1ал ккола. Гьел къоялъго нилъее хайиралъе х1алт1улел гьудулзаби ккола. Милъиршабазул ч1ирч1идиялъги гьезул тирхариб роржанхъиялъги батизе ккола Ладамазул рак1ал рохизарулелги. Исана ч1ирич1о ч1ух1аб милъиршо,

95

Ч1алукь бусен базе ресдай рекъечГо, - абун ах1ула халкъияб коч1олъ. Нужецаги гьезда гамач1 реч1ч1уге, гьезул т1анч1и рахъуге, бусаби хвезаруге! ГЬАЛЕ ИХ БАЧ1УН БУГО Муг1рул г1одулел руго Пазу биун, маг1у т1ун Г1орал, лъарал—киналго Кеп щун релъулел руго. Гургинал кьаг1и руго Пурдада расандулел. Писинал бачал руго Рехъен гьабун кваналел. Рагъида милъиршабаз Щущунеб буго бусен, Их бач1ингун т1абиг1ат Т1убан чГаголъун буго.

/7. Хачалов

КЪО-МЕХ ЛЪИК1 ДУЕ, ХИРИЯБ БУКВАРЬ Ц1ар хъвазе лъаларел Лъимал рук1ана, Лъай кьуралъухъ, букварь, Баркала дуе. Жеги ниж гьит1инал Т1анч1и рук1ана. Т1ех1алъулгун лъик1аб Гъудуллъи ккана. Шудияв вацасул Бач1араб кагъат К1одое дицаго Ц1алила гьанже. РатГалъун унеб къо Бач1ананиги, Букварь, мун кидаго К1очене гьеч1о.

Т.Таймасханов РИИ Гьале рии. Бакъ баг1арана. Киналго ралъдахъе, xloрихъе, г1урул раг1алде г1едег1ула. Пазизгун Пумарги жакъа ралъдахъе ана. Рик1к1ад бихьулеб бук1ана к1удияб гама. Гьенир х1ухьбахъулел г1адамал г1емерал рук1ана. Лъималаз торг1о х1азе байбихьана. Тирияб Горочги гьелгун бач1ун бук1ана. Свакан боркьараб салуда т1ад регана. Ралъдал ц1амх1алаб лъелъе лъугьун чвердана, Г1умариц1а гьит1инав Пазиз ц1одорлъи гьабизе ах1ана:

96

97

СУРАТАЛГУН РАГ1АБИ

бак!

балухъ

баси

бакъдебус

5 ел

берал

бох

бокь

бурут!

вас

бац!

- Вореха, вац, гъваридаб бак1алде унге! Гьадин ана лъималазул роол цо къо.

98

борохь

99

гама

гарц!

гвангва

гени гьудгьуд

гомог

горду

гул

гурде

г1еч

гьобо

гьоло

гьор

г1ала

г1анса

^*4 4 ® г1анк1

гьуни

г1ака

г1ужрукъ

г1анк1у

г1и

г1урдах1ан

г1ач1ар

г1арада

г1инт1и

rlop

дег1ен

жага

100 101

къандалъо

каву

квер

квар

квелъелал

квас

кваркьи

кьили

къадако

къалам

кьег1ер

кьо

к1аз

к1алк1уч1

к1илк1ал

к1одоэбел

к1одоэмен

лълъар

лъен

къалантТар к1укьмахх

102

къед

катит1инч1 к1амури

кету

къват!

к1улал

ралъад

рас

раса

росу

* — нур

рохь

сагГат

сапун

соно

тайи

талган

* таращ 104

т1агьур

т1авус

тТамах

т1алъел

т1ил

УРгу

хъабахъ

хъазит1инч

хъабарча

хъап

тГегь

т1ох

хер

хъаба

хъабан

хъаз

хъарахъ

хъил

хъухъадиро

хьаг

х1улаби

хъарчигьа 107

I

ч1ак1улт1ан

щвант1их

4ıop

щватаби

ч10р0ло

эбел

m

шиша

эмен 109

АВАР Х1АРПЦЮЛЪИ

А а

Гь

де

Е е

Е е

же

3 зе

И

и

Й й

К ка

Къ къа

Кь кье

KI к1а

Л эль

Лъ элъ

М ем

И ен

0

0

П пе

р эр

С эс

Т те

TI т1е

У У

эф

X ха

Хъ хъа

Хь хьа

XI

Ч че

41 че

Ш ша

ща

Ь ерь

Э э

Ю ю

Я я

И rle

110

Гъ гъе

ге

бе Д

I

г

В ве

Б

xla Щ

sıx

гье

ф

. Ц це

Щ

ъ

ы

elr

еры

I

це

________

111

ИЕХЬАЛДА РУГО Алфавиталде щвезег1анасеб сураталгунх1алт1и..................... 3 Алфавит м а л ъ и .........................................................................21 Алфавиталда хадусеб заманалда ц1ализетекстал............... 52 Сураталгун словарь....................................................................99

Boroyev Əhməd Məhəmməd oğlu AVAR DILI (II sinif üçün dərslik) Bakı, «Aspoliqraf», 2007

Nəşriyyat redaktoru Məsudə Əvəz qızı Bədii və texniki redaktoru Abdulla Ələkbərov Kompyuter tərtibatı və dizayn Arif Həsənov. Römən Quliyev. Aqil Əmrahov Korrektoru Zülfiyyə Rzayeva Çapa imzalanmışdır 08.08.2007. Kağız formatı 70x90 l / \ e . Ofset çapı. Ofset kağızı. Fiziki çap vərəqi 7,0. Uçot nəşr vərəqi 5.8. Sifariş 59. Tirajı 1000. Pulsuz. «Aspoliqraf LTD» MMC nəşriyyat-poliqrafiya müəssisəsi